IV. (КӀиявго гӀудул)
ВукӀун вуго кӀиго гьудул, цо бахӀарчилъи цӀакъав, цо цӀогьодизе цӀакъав. Дов кӀиясулго цо ёкьарай ясги йикӀун йиго, цоясда цояс лъазе течӀого. Цо къоялъ дов кӀиясулго дагӀба ккун1 буго. “Дун бахӀарчилъи цӀакъав”, - абун цояв, “дир цӀогьодизе гьунар цӀакъав”, - абун цояв. Гьанже доз къотӀи гьабун буго, цоясда цояс гьунар бихьизе гьабизе къватӀире рахъизе. Гьанже2 ун, лъазе гьабун буго доз жидейго ёкьарай дой ясалда: “Метер ниж сапаралде унел руго”, - абун. Цинги цоявги ун, лъазе гьабун буго гьагъайго ясалда: “Метер дун сапаралде унев вуго”, [115]- абун. Цинги дой ясалъ цо чед гьабун буго. Цо гӀанкӀоги хъун буго, бащад гьабун. Доб чедги, доб гӀанкӀоги къотӀун буго. Радал вахъун, цояв ун вуго гъой ясалда аскӀове къо лъикӀ гьабизе. Гъолъ лъун буго бащадаб чед, бащадаб гӀанкӀоги гъосие. Цинги ав цояв гьудулги ун вуго гъой ясалда къо лъикӀ гӀабизе. Гьасиеги лъун буго гъолъ бащадаб чедги, бащадаб гӀанкӀоги. Цинги дол кӀиявго росу тун къватӀире лъугьун руго, цоясда цояс гьунар бихьизе гьабизе. Цинги дозда данделъун руго къого гӀанасев солдат, гьакал чанай унел. Цинги дов бахӀарчилъи цӀакъас абун буго: Гьанже дурго гьунар бихьизе гьабе”, - абун. Цинги дов цӀогьодизе цӀакъас абун буго: “Дир бихьун гьабулеб гьунар гьечӀо, дуцаго гьабе дида бихьизе.” Цинги дов бахӀарчилъи цӀакъав данде лъугьун вуго дол солдатӀазда. Цинги дос цоял лъукъун, цоял чӀван, цоял лъутун, дол риххизе гьарун руго. Дораса рилъун, дов кӀиявго гьудул цо лъим бугеб бакӀалде щун руго. Дора рештӀун руго дол кӀиялго. Цинги дов бахӀарчилъи цӀакъас цӀогьодизе цӀакъасда абун буго. “Вилълъа мун ун дир хулжиниса чед босун вачӀа, гьаниб лъикӀаб лъимги бугелъул.” Цинги дов цӀогьодизе цӀакъас абун буго: “Дур хулжиниса чед щай босулеб, дир хулжиниб бугелъул чед?”, - абун. Цинги дос ун, жиндирго хулжиниса босун буго чедги гӀанкӀоги. Гьанже дов бахӀарчилъи цӀакъас абун буго: “Дуца «дир хулжихъ гьечӀиш чед?» абун, дидаги абун, дир хулжихъа щай босараб? Дир хулжихъа чед бикъийиш, дур гьунар.” Цинго дов цӀогьодизе цӀакъас абун буго: Гьаб дур хулжихъа чед гуро, дирго хулжихъ букӀана гьаб чед.” “БукӀинчӀо!”, - абун дов, “БукӀана”, - абун цӀогьор, кӀиявго вагъун вуго гъова. Гьанже дов бахӀарчилъи цӀакъав ун, жиндирго хулжихъ балагьун вуго. Досда батун буго жиндирго хулжихъ жиндирго чедги, жиндирго гӀанкӀоги. Гьагъаб бакӀалда лъан буго кӀиясулго цо гьудул йигейлъи. Гьанже гъос абуна: “Ай къахӀбаялъ нилъ махсароде ккуна гури”, - абун. Цинги гъол гъораса рахъун руго. Цо шагьаралъул рагӀалде щун руго. Доб шагьаралда цо кӀудияв хан вукӀун вуго. Досул рукъалда сверухъ анцӀила кӀиго хъаравулги вукӀун вуго, чӀечӀого хьвадулел. Цинги дов бахӀарчилъи цӀакъасда дов цӀогьорас абун буго: “Къаси нилъ [116]гьагъаб рукъоре лъугьине руго” абун. Цинги дов бахӀарчилъи цӀакъав хӀинкъун вуго гъоб рукъоре лъугьине. Цинги цӀогьорас абун буго: Гьеб дур иш гуро? Дуца дида бихьизабуна дур гьунар, дицаги дир гьунар^ бихьизе гьабила дуда”, - абун. Цинги дол къаси гъоб шагьаралде жанире лъугьун руго. Гъоб ханасул рукъалда сверухъ лъугьун, балагьун руго гъол. Цинги гъов цӀогьорас абун буго: “Къаси нилъ гьагъаб рукъоре жаниги лъугьун, гъоба щиб бугишали балагьила”, - абун. Дов бахӀарчилъи цӀакъав цӀакъ хӀенкъун вуго. Дос абунги буго: “Мун гӀабдалиш? Гьагъаб рукъоре нилъ кин лъугьинел? Сверун чӀечӀого хьвадулел хъаравулзаби, щулияб бакӀ, гъоре лъугьине куц дида лъаларо.” Гьеб дур иш гуро, мун дида хадув вачӀа”, - абун, гъов цӀогьорас гъосда абун буго. Цинги гъол хъаравулзаби цо бакӀалда дандилъун, жидерго папирусал гьарун, цӀа рекӀине гьабулеб мехалда, цинги гьел лъугьун руго гъоб рукъоре. Гьанже балагьун ругу гъол хан вугеб рукъоре. гордухъан. Гъосда бихьун вуго гъова вегун жиндирго тахалда хан, гъов лъулъалев хъулухъчиги, гъоба хьихьун цо кӀудияб цо хъазги. Цинги дов цӀогьорас абун буго: Гьагъав хъулухъчиги чӀван, нилъеца гьагъаб хъазги хъвела, гъов ханасда лъачӀого, гъобги кванан, нилъги рукъоре ина”, - абун. Цинги бахӀарчилъи бугев гьудул сородизе лъугьанила3 цӀакъ хӀинкъиялъ. Цинги ханги, ханасул хъулухъчиги кьижанила. Цинги цӀогьорас, жанивеги лъугьун, хъулухъчи хъонила, гъоб хъазги хъонила. Гьанже гъов хъулухъчияс гӀадинан гъов хан лъулъадизе цӀогьорги лъугьанила. Гъоб хъаз белъине бахьарчилъи цӀакъавги лъугьанила. Гьанже гъозул гъоб хъаз белъун лъугӀараб4 мехалъ, гъов цо цӀогьорас гъов ханасда абунила: “Кидаго мун лъолъалев вукӀун, дидаги дагьаб чӀалгӀун букӀуна, бицине бегьила цо хабар дуца дие.” “Щиб хабар бицинеб? Дида дуда бицине хабар лъаларо”, - абун, абунила гъов ханас: “Дуца бице диеги, цо хабар, щиб бугониги.” Цинги гъов цӀогьорас гъосда бицанила: “ВукӀун вуго цо кӀиго гьудул, цояв цӀогьор, цояв бахӀарчи, гъов кӀиясулго дагӀба лъугьанила: «Дун цӀакъав» абун цояв, «дун [117]цӀакъав» абун цояв. Гьанже гъов кӀиявго гьудулаби рахъун руго къватӀире, цояс цоясда гьунар бихьизе гьабизе. Гъов бахӀарчилъи цӀакъас цо къого гӀанасев солдат цояв чӀван, цояв лъукъун, цоял лъутӀун, риххизе гьарун руго.” Гъов цӀугьор: “Гьаб нилъер гӀадинаб [117]рукъ букӀун буго. Нилъер гӀадин сверун хьвадулел анцӀила кӀиго хъаравулги вукӀун вуго. Гьав дун дур гӀадинав хъулухъчиги вукӀун вуго. Гьанже гъов цӀогьор гьанивеги вачӀун, хъулухъчиги чӀван, хъазги хъун, гъобги кванан, гъов кӀиялго гъораса нахъе ун руго, ханасда лъачӀого, я хъаравулзабазда лъачӀого. Гъов кӀиявго кинав цӀакъав?”, - абун, ханасда цӀогьорас цӀехон буго. Цинги гъов ханас абун буго: Гьеб нилъер гӀадинаб бакӀ букӀун батиларо, гьаниве щив вачӀине кӀолев?”, - абун. Цинги гъов кӀиявго гъораса нахъе лъутун руго. Цинги Ирадал", хан ворчӀун вуго. Цинги ханасда бихьун буго гъоб рукъ бидул цӀун, хъулухъчи чӀван, хъазги хъун. Гьанже ханас цӀакъ тамаша гьабун буго. Цинги жиндирго хъаравулзаби жиндаго аскӀоре ахӀун руго. цӀехон буго гъол хъаравул забазда: “Нужеца жаниве виччарав?”, - абун. Цинги гъол цоцакъ ралагьун хутӀун Нахъеги ханас гъозда абун буго: Гьаб нужер гӀайиб гуро. Гьаб дие гьабураб жо дидаго бицунеб букӀана къаси. Бицаниги дида лъачӀеб, къватӀир ругел, нужедаги лъаларо”, - абун, абун буго гъов ханас. ЦӀогьорги бахӀарчиги кисив цӀакъав, батӀа гьаре гьаб цӀаларас.
- Lizenz
 - 
              CC BY
              
                
Link zur Lizenz 
- Zitationsvorschlag für diese Edition
 - TextGrid Repository (2025). Boeder, Winfried. IV. (КӀиявго гӀудул). Kaukasische Folklore. https://hdl.handle.net/21.11113/4bfs5.0