IX. (Макьу)
Metadaten aus teiHeader
- cc_ava_ava_213
 - a460A Reise zu Gott
 
Text-ID:
Typ-Index: (Link zum Schema)
⚠ Vorurteile im Märchen: (Link zum Schema)
Digitale Quelle:
Маргьа. ВукӀун вуго цо лъикӀав чи. Кидаго мажгиталъув вегун вукӀунев. Досул вукӀун вуго цо васги. Дов вас хун цо моцӀ гӀун букӀун буго. Цинги досда цо сордоялъ макьилъ бихьун буго: “Дур вас киве арав» абун, цӀехезе мун аллагьасухъе щай унарев?”, - абулеб. Цинги радал вахъун, довги цо рикӀкӀадаб бакӀалде щун вукӀун вуго аллагьасухъе унев. Досда данде ккун вуго цо анкьго гъачагъ. Доз абун буго дов чиясда: “Киве мун унев?” Дос абун буго: “Дун аллагьасухъе унев вуго” - абун. Цинги доваса цо дагьав эхедегӀан щвараб мехалъ, батун буго цо кӀудияб борохь досда. Долъги абун буго дов чиясда: “Мун киве унев чи?”, - абун. Цинги дос доб бурхьида абун буго: “Дун аллагьасухъе унев вуго”, — абун. Цинги доб бурхьица досда абун буго: “Дуда гьев аллагь вихьани, дуца абе досда, «дие кверниги бохниги лъе», - абун, цохӀонигияб гьечӀого, дун цӀакъ захӀматго буго”, — абун. Цинги дов чиясги абун буго: ”Дун аллагь вихьани, абила”, — абун. Цинги дов вас цо борхатаб магӀарде щвараб мехалъ, ватун вуго досда цо чи, кидаго какал ралев1026 <ран>. Дов вачӀун досги цӀехон буго гьав чиясда: “Мун киве унев чи?”, - абун. Цинги досдаги гьас абун буго: “Дун аллагьасухъе унев вуго”, - абун. Цинги досги абун буго: “Алжан дие кьолеблъи дида лъала. «Кинаб алжан дие кьелеб» абун, цӀехе дуца аллагьасда.” “ЛъикӀ буго цӀехела”, - абун, досдаги абун буго. Цо бакӀалде щун вуго дов чи. Цинги щобалдаса баккун1027 <бахъун>, бакъ тӀаде щун буго. Гьав чиясда долъги цӀехон буго: “Киве унев чи мун?”, — абун. Бакъалдаги абун буго дов чияс: “Аллагьасухъе унев вуго дун”, — абун. Цинги бакъуцаги абун буго: “Я къаси, я къад чӀезе толарого, дун цӀакъ свакан букӀун буго абун”, абе “дуца аллагьасда, бегьулариш дун дагьа-дагьаб мехалъ чӀезе?” “Абила”, - абун, долдаги абун буго гьав чияс. Довасаги лъикӀ рикӀкӀадаб бакӀалде щвараб мехалъ, асда данде ккун1028 <хун> буго цо гьитӀинаб накӀкӀ долда гьоркьоса бачӀун буго гьитӀинаб хӀинчӀ. Даб хӀинчӀица цӀехон буго гьав чиясда: “Киве унев чи мун?”, — абун. Цинги дос бицун буго живго1029 <шиуго> унеб бакӀ. Цинги доб хӀинчӀица абун буго: “ЧӀа мун, мун аллагьасухъе ине бегьуларо. Щиб дуе бокьараб аллагьасдаса, бице дида. Дун инин аллагьасухъе”, - абун, абунила хӀинчӀица. Цинги дос бурхьица жиндаго абураб жо бицанила. Цинги дов гӀемерал какал ралев чияс абураб жоги бицанила. Цинги бакъуца абураб жоги бицанила. Цинги жиндаго бихьараб макьуги бицанила. Цинги доб хӀинчӀ анила. Ун цо сагӀат гӀураб мехалда нахъеги бачӀанила. Цинги доб хӀинчӀица гьав чиясда абун буго: “Гъоб борхьида дуца абе, бохниги кверниги жиндие лъунани, жиндица гӀадамал чӀвала. Жиндие бохги кверги кьезе бегьуларо.” Цинги гъов гӀемерал какал ралев, дуда ватарав чиясдаги дуца абе «Жив кидаго цӀадаве инзе вуго», - абун. Цинги бакъудаги абе дуца: «Я къаси, я къад жиб чӀезе танани, жинца дуйнал бухӀула» абун, «Жиб чӀезе тезе бегьуларо», - абун, абе дуца бакъалда. Цинги дур васги хун вуго. Хведал хабалъги лъун вуго. Дуда бихьараб макьуги шайтӀаналъул макьу буго. Пемераб батӀа-батӀаяб жо бихьула гӀадамасда, макьилъ бихьараб щинаб жоялда божизе бегьуларо.”
- Rechtsinhaber*in
 - Dadunashvili, Elguja
 
- Zitationsvorschlag für dieses Objekt
 - TextGrid Repository (2025). Awarische Folklore. IX. (Макьу). IX. (Макьу). Kaukasische Folklore. Dadunashvili, Elguja. https://hdl.handle.net/21.11113/4bfsq.0