IIа. (ГӀолохъанаб мех ракӀалде щвей)
Metadaten aus teiHeader
- cc_ava_ava_206
 - a303 Die zwei Brüder
 
Text-ID:
Typ-Index: (Link zum Schema)
⚠ Vorurteile im Märchen: (Link zum Schema)
Digitale Quelle:
Дун гьитӀинаб мехалъ ана нижерго гӀухьбузда аскӀове. Гьениве дун вачӀаравго, гӀухьбуца дие, цо гӀияжо (?) хъун, гьоболлъи гьабуна. ЦӀеда гьанги бан, хинкӀал гьарулев вукӀана цо вехь. Ниж хабаралда рукӀана. Гьеб мехалъ ячӀана цо чӀужу, дица кӀудияб хӀикмалъи гьабуна, кин ячӀарай, киса ячӀарай гӀаданян? ЦӀакъ хӀинкъизеги хӀинкъун, гьеб сагӀат цӀедаса гьанги бакъун, кваназе байбихьана. Вехьас кьуна гъолъие ратӀа гьанал. Гъой разилъичӀо гъолда. Гьеб мехалъ вехьас босун бухӀараб гьанал ратӀа, кьабана гъолъул гьурмалъ. Гьеб сагӀаталда кӀудиял гьаркьалги гьарун, кие араяли лъачӀого тӀагӀана цееса. Гьоркьоб гӀемер заманго инчӀого, бихьула бачӀунеб гӀемераб халкъ, гвангъизабун гьеб бакӀгун, цее тӀамун гъойгун. Гъол рихьаралго, ниж лъутун гӀиялъ рахчана. РачӀун гьенирегун, цӀехана гьез ниж. Ниж ратичӀеб мехалъ, кьабулаго ячун гъойгун, ана, щай ниж гуккаралиланги абун988 <хухъара-ян>.
- Holder of rights
 - Dadunashvili, Elguja
 
- Citation Suggestion for this Object
 - TextGrid Repository (2025). Awarische Folklore. IIа. (ГӀолохъанаб мех ракӀалде щвей). IIа. (ГӀолохъанаб мех ракӀалде щвей). Kaukasische Folklore. Dadunashvili, Elguja. https://hdl.handle.net/21.11113/4bfq9.0