V. (Лъабго вац)
ВукӀун вуго цо чиясул лъабго вас. КӀигояв лъикӀав, бищун гьитӀинав тӀехӀ барав, рукъ тун къватӀиве вахъунарев. Гьанже гъов лъабасулго эмен унтун вуго. Дос абун буго: “Лъабго къоялъ дир хоб хьихье нужеца”, - абун. Гьанже дов эмен хун вуго. Цинги бищун кӀудияв ун вуго хоб хьихьизе. ХабатӀеги инчӀуго, жиндиего сана гӀатаб бакӀалда вегун чӀун вуго. Радал вачӀун вуго рукъове. ТӀехӀав васас цӀехон буго: “Гьа вац, анищ хабатӀе, щиб бугеб хабар?” Дос абун буго: “Дуе хабар щай?” Дурго тӀехӀги хъасун вукӀи гурони.” Нахъияб сордоялъ гьоркьохъев вацги ун вуго хоб цӀунизе. Довги хабатӀе инчӀого, жиндиего бокьараб бакӀалда чӀун вуго. Цинги дов тӀехӀав вас хадув ун, хабатӀе балагьун вуго. Дова ватун гьечӀо досда [118]гьоркьохъев вац. Дова чӀун тӀехӀав вас вугеб мехалда, вачӀун вуго цо нарт доб инсул хабатӀе. Доб хабатӀаса эмен вахъизе къасд гьабун буго дов нартас. ТӀехӀав васас абун буго: “Те дуца гьеб хоб жибго, гьеб дир инсул хоб буго”, - абун. Цинги нартас тун гьечӀо доб хоб. Дов нартги чӀван,1 досул ретӀелги бахъун, рукъове ун вуго тӀехӀав вас. Цинги радал гьоркьохъев вацги вачӀун вуго рукъове. Цинги дов тӀехӀав васас досда цӀехон буго: “Анищ мун хабатӀе, щиб бугеб хабар?” Цинги дов гьоркьохъев вацасги абун буго: “Дурго тӀехӀги хъасун, рукъов вукӀун гурони, дуе хабар щай?” абун. Гьанже2 цо нартасул цо яц йикӀун йиго. “жиндаса гьунар тӀокӀав чиясе гурони кьеларо,” - абун “хьихьун”. Цинги доре унел рукӀун руго гӀадамал цо къоялъ, «гьунар тӀокӀав, хутак бергьарав кинавниги чи, жиде- жидее дой яс щвелародай3» абун. Цинги гъов тӀехӀав васасул вацалги ун руго доре. Цинги гъов тӀехӀав васги ун вуго дозда хадув, жинцаго чӀварав дов нартасул чуги рекӀун, ретӀелги ретӀун. Цинги досда ратун руго дура гӀадамал, цо бакӀалдаса чуял кӀанцӀезе гьаризе лъугьун, амма цохӀониги чиясул чуялда добаса кӀанцӀизе кӀун гьечӀо. ТӀехӀав васасул нартасул букӀараб, чу кӀанцӀун буго доб бакӀалдаса. Цинги тӀехӀав васги рукъове вилъун вуго. Цинги вацалги рачӀун руго рукъоре. Нахъеги тӀехӀав васас цӀеххон буго вацазда: “Гьа вацал щиб лъугьараб? Лъица арай нартасул яц?”, - абун, тӀехӀав васас дузда цӀеххон буго. Доз абун буго: “Вала”, - абун буго, “цо чи вачӀана, цо кӀудияб чути рекӀун, чӀу хӀараб ретӀелги ретӀун, гьесул гурони гьунар тӀокӀлъичӀо доба.” Цинги метерги ине руго дорего, лъаларо, лъие щолий нартасул яс.” Цинги метерги ун руго гӀадамал доре гьунарал гьаризе. ЦохӀониги чиясул гьунар тӀехӀав васас цебе биччан гьечӀо. Цинги дов нартас ясги тӀехӀав васасе кьун йиго. Цинги довги жиндирго рукъове вилъун, тӀехӀги хъасун, рукъов чӀун вуго. Гьанже тӀаде вацал рачӀун руго. Нахъеги тӀехӀав васас цӀехон буго вацазда: Гьа вацал, щиб лъугьараб? Лъица арай нартазул яц?” абун. Цинги вацаз досда абун буго: “Дуе, гьей [119]лъица аниги ургъел щиб, дурго тӀехӀги хъасун рукъов вукӀин гурони?” Цинги доз дов жидерго тӀехӀав вац щибго малъи гьавулев вукӀун гьечӀо. Цинги гьав ун, дов нартасул яц ячун йиго. Гьеб мехалъ мукӀурлъун руго досие дол жиндирго вацал. Цинги досие, цо лъагӀел дой ячун гӀураб мехалъ, гьавун вуго цо вас. Цинги дов васасда абун буго: “Дур эменги лъидасаго къолев вукӀинчӀо, мунги къези вукӀунге.” Цинги досда рагӀун буго: “Цо нартазул чӀухӀарай цо яц йиго”, - абун, цинги авги къачӀан вуго дове ине, дой ячине жиндиего. Цинги дос инсуда абун буго: Гьа, дир эмен, дун пуланаб бакӀалде унев вуго, дие дуца чуги кье, ретӀелги кье.” Цинги инсуца досда абун буго: “Унге мун”, - абун. Цинги дов кинго чӀун гьечӀо инчӀого. Цинги инсуца досие чу кьун гьечӀо, ретӀелги кьун гьечӀо.4 Инсудасаги барщун, дов къватӀиве лъугьун вуго, “жиндиего санагӀатаб бакӀ балагьизе, вилълъун. Дов цо рикӀкӀадаб бакӀалде щвараб мехалъ, магӀарда батун буго цо рукъ. Дусда бихьун буго гӀемераб гӀиги. Цинги доб гӀиги, дов чиги рачун руго рукъоре. Гьав васас, балагьун, дозул (?) хӀисаб гьабун буго. ГӀемераб гӀигун хьвадулев цохӀо бецав чи ватун вуго. Цинги гьав гӀияда гьоркьове бокьов лъугьун вуго. Цинги вачӀун бецав чияс цо гӀияжо бачун буго хъвезе. Цинги ав вас ун нуцӀикъан жаниве балагьун вуго. Досда рихьун руго доб рукъор бецай чӀужуги, бецав росги. Цинги ун ав васги дозда гьоркьов гӀодов чӀун вуго, цинги щибниги доздаги лъачӀого. Цинги доз доб гьанги тӀамун, хинкӀал гьарун руго. Амма доб гьан гӀисин гьабун къотӀун букӀун гьечӀо. Бащад гьабун, эххе-эххеде хъалхьун букӀун буго, мегьед росасе цӀикӀараб букӀун буго. Цинги дов васас, дол бецал чагӀаз хинкӀалги гьанги бахъараб мехалъ, росасул гьандаса мегьед бахъун буго, чӀууялъул гьандаса бохги бахъун буго. Гьанже бецав чи, жиндирго гьанги кодобе босун, кваназе лъугьун вуго5. Досда батун гьечӀо мегьед. Цинги дой бецай чӀужуги кваназе лъугьун йиго. Долдаги батун гьечӀо жиндирго гьанада бох. Цинги долъ абун буго: “Херлъараб мехалда гӀадамал сихӀирлъун рукӀунел [120]pyro. Балагье гьaц гьабулеб жо.” Цинги бецав чи вагъанила: “Балагье бицулеб рагӀухъ, дир гьанадаса мегьедги бахъун. Гьанже гӀайибги дида гьабун, гьединишха букӀараб хабар?” Цинги дов вас кӀалъанила дозда: Гьеб нужер гӀайиб гуро. Дица буго гьеб нужер гьан къотӀараб.” Цинги дов бецав чи кӀалъанила дов васасда: “ГГай дир вас, кето гӀадин балъгойиш гӀадан вукӀунев, щай вачӀаравлъи лъазе гьабичӀеб?”, - абун, абунила бецав чияс. Цинги дов васас жиндирго лъугьараб щинаб хабар бицанила. Цинги дов бецав чияс абунила: “Дица мун гьанив чӀани, вас гӀадин хьихьила. Кинабго ниж хведал, гьаб гӀи боцӀцӀи дур буго, дица дуе хъвазеги буго.” Цинги гьелдагьав вас цӀакъ разилъун вуго. Цинги нахъияб къоялъ “гӀияда” бецав чи «ине» абун, лъугьун вуго. Цинги гьав васас виччан гьечӀо: “Мун херав чи щай гӀияде унев? Дун ина гуриш гӀияде, мун гьанже рукъов чӀезе мех щун буго, херлъун вуго. Херав чи гӀияде ине кколаро6.” Цинги гьав вас анила, гӀиги бачун, магӀарде. Доба досда бихьанила цӀакъ хер лъикӀаб мегӀер, лъикӀаб бакӀ. Цинги гьас бачун гӀи, доб хер лъикӀаб бакӀалде кваназе бачанила. Цинги гьасда тӀаде вачӀанила анкьго нартав. Доз абунила гьав васасда: “Мун, тӀехӀав васасул васги ватиларин, дуца щай гьеб гӀи гьанибе бачараб?” Гьев тӀехӀав васасул васищ цӀакъав?” “Дун вуго гьев. Щиб гьабилеб дуца дие?” Гьабизе кӀолеб жо бугиб батани, вачӀаха”, “гьабе дурго.” Цинги дол нартал лъугьанила «гьав вас чӀвазе» абун. Ав васас анкьавго нартги чӀван, дозул гӀиги жиндиего бачанила. Гьанже бакъанида живгоги гӀиги бачун|, рукъове вилъанила. Цинги дов бецав чиясда щибго бицинчӀила гьав васас. Нахъияб къоялъги анила гьав, гӀиги бачун, магӀарде гӀи кваназе. Дол нартазул мугӀрузулгун7 гӀорхъи цояб мегӀер букӀанила цо хъартил. Доб хъартил магӀарде гӀиги бачун, гьав вас вилъанила. Цинги дой хъартида гьав вас вихьанила. Хъартица, екерун ячӀун, гьасда абунила: “Боржун хӀинчӀцин бачӀунареб дир магӀарде мун щай вачӀарав?” “Дие бокьун вачӀана, дуца телариш вачӀине?”, - абун, гьав васги долда кӀалъанила. Цинги долъ къасд гьабунила [121]гьав вас чӀвазе. Цинги гьав васас кӀиябго хъартил кверал мугъзада нахъа рухьанила, дойги цадахъ ячине-ян къасд гьабунила гьав васас. Гьанже долъулги гӀиги бачанила, гьайги ячанила бакъанида рукъое. Цинги гъоба рукъобе гьиги инчӀого, къватӀиб чӀун букӀанила доб гӀи. Цинги бецав чияс ав васасда абунила: “ТГай дир вас, гьаб гӀиял гьаракь гӀемер буго гурищ? Азие щиб жекъа хъуй гьабизе?” Цинги дов вас дов херав чиясда кӀалъанила: “Дица нарталги чӀвана, хартги ккун8 ание ячун йиго, дозул букӀарал гӀиги нилъеего бачун буго. Гьедин буго гъоб гӀи хъуй гьабулеб.” Цинги бецав чиги бецай чӀужуги цӀакъ хӀинкъун руго. Гьей хъарт дуца аний щай ячӀарай? Гьелъ9 ниж чӀвала гури.” “Нуж чӀвазе гуро гури, дица гьей мугъзада нахъа квералги рухьун, гьание ячарай. Дица гьей гьабсагӀат чӀвала гурищ.” Цинги дов вас лъугьанила хъарт чӀвазе. Цинги долъ абунила: “Дун чӀваге дуца”, - абун. Цинги дос абунила: ГьабсагӀат чӀвазе йиго мун”, - абун. Цинги долъ абунила: “Дун чӀвачӀого дуца тани, дица нужер бецал чагӀазда канлъи бихьизе гьабила.” Цинги дос абунила: “Дуца канлъи нижер бецал чагӀазда бихьизе гьабуни, мун чӀваларо”, - абун. Цинги долъ, босун цо гьитӀинаб шишагун, гьезулберазда дару баханила. Цинги дозда канлъиги бихьанила. Цинги дойги “Доб бакӀ тун рикӀкӀаде а мун”, - абун, балагьизе гьаюнила. Цинги нахъисеб къоялъ, гӀиги бачун гьав вас унеб мехалъа, асда вихьун вуго цо чи гъол бецал чагӀазухъе унев. Цинги гьавги нахъвуссун гъоб рукъове ун вуго. Гьасда данде ккун10 вуго дов чи къватӀиве вачӀунев. Ас цӀехон буго: “Щибизе мун гьаниве вачӀарав? Щиб дур къваригӀел?”, - абун. Цинги дов чияс гьасда абун буго: Гьеб дур иттт гуро. Дирго къваригӀелалъ вачӀун вукӀана” абун. Цинги рукъовеги ун, гьав васас жиндирго бецал чагӀазда цӀехон буго: Гъов чи щибизе гьаниве вачӀарав? Щиб гъосул къваригӀел букӀараб?”, - абун. Цинги дов бецав чияс гьав васасда абун буго: “Дир цо цӀакъав гьудул вуго цо хан. Досулги цойгиги ханасулги рагъ ккун буго. «Дун досие кумек [122]гьабизе вачӀа» абун, вачӀун вукӀана гъов чи. Дун гьанже гьениве ине кколев вуго”, - абун, бецав чи кӀалъанила. Цинги гьав васас абунила досда: “Мун херав чи гьениве инаро, дун ина гьениве вагъизе”, - абун кӀалъанила. Цинги дов бецав чияс лъикӀаб кьарияб чуги кьунила, ретӀине берцинаб ретӀелги лъунила, босизе тӀадагьаб ярагъги лъунила. Цинги гьав нухда анила вагъизе. Дове щун цо дагьаб мех гӀураб мехалъ, гьав васги дова рагъда чӀван вуго. Бецав чиги паракъат хутӀун вуго. ТӀехӀав васас жиндирго вас араб бакӀ балагьизе къасд гьабун гьечӀо; лъикӀав бахӀарчи, тӀехӀав вас вукӀаравани, жиндирго вас араб бакӀ балагьилаан.
- License
 - 
              CC BY
              
                
Link to license 
- Citation Suggestion for this Edition
 - TextGrid Repository (2025). Boeder, Winfried. V. (Лъабго вац). Kaukasische Folklore. https://hdl.handle.net/21.11113/4bfr8.0